Оценить:
 Рейтинг: 4.6

Лирика. На русском и аварском языках

Год написания книги
2009
<< 1 ... 3 4 5 6 7
На страницу:
7 из 7
Настройки чтения
Размер шрифта
Высота строк
Поля
Къасде регуларел росдал гIадамал,
Сверухъ мадугьалихъ гьабзазул хIапи;

ХIал хъубал кьерилал, кьалал гIолилал,
Кьурун руссун чIарал саяхъалщинал,

Щобда чIвараб байрахъ – чIалгIун ругел нилъ,
ЧIвалин хIинкъичIого, вачIун вугев мун;

МугIрул бисалдаса боснов цIодорав
ЦIунун дунгун тарав рагьда хъаравул,
Хъергъу бачГунелъул тIанчIи гIадинан,
Дун тIаде яхъани, рахъунел лъимал;

Лъезе бугьтан щвани, щибго кIочонел
КIалдиб мацI борхьилал бихьинал, цIуял,
ЦIа-каналъул гвангъи, горда бугеб нур, —
Дуда гьабулеб жо дида лъаларо!

Гьанже дун суризе сабаб гурони,
СанагIат букIинчIищ нилъ кIиязулго?
Сардилъ вачIу, н унев чиясда лъани,
Лъолел бугьтаназул гьабиларищ хал?

– Дирги гьари буго, гьудул, дудехун,
Дидаги бугеб хIал бицине теян;
Цойги ургъел буго дуде бикьизе, —
Бокьани гIин тIаме» бокьичIони чIвай.

ЧIухIараб дур логол хIисабги гьабун,
Сардилъ хIорде щвана щущан гIакълугин;

ЩайтIабазул ханас нухдаги витIун,
ПартIан рагьда лъуна – лъачIо тIокIаб жо.

Хьулада лъураб кор лъалин къасдеян,
Къвалакь ккун гIиприталъ течIо, вачана;
Чанлъун гIалахалда хвелин мунилан,
Хехго рекIайилан букIинчIо илбис.

Меседил кьили лъун кьолон жайрангун,
Жундузул бояца цеве къотIана;
КъулгIаялъул кIалтIу тIун агийилан,
ТIаде вахъайилан хъамуна ракIалъ.

ХъахГаб маргъалалъул тахида гIурай,
ГIайибги бугоан мунгун кIалъазе,
Зодил хIанчIидаса босной хIеренай,
Мунагь хъван батила яхъинайидал…

– ХъахIал рагIабаца гIадамал гуккун,
Диде ирга щведал щун ватила мун;
Щиб гурин гьабилеб, вачIа жаниве,
Жемун цо къвалги бан, къалин каранде.

Къадалъ борхьазулги бихьулелъул хIал,
Дунги теларилан батила хиял.

Хабалъги теларин тавбуги гьабун,
Туплис пасажирлъун воржа зодове.

Дур рагIул канпетал parlana дида,
ГIолилазе кьурал, диеги кьолел;
Кьурун мун вусигIан юссинин дуде,
Мисри къирар гIадин къадруялда чIа.

Дуца кIал бичIарай йорчIичIин гIадан,
Дунги батIалъи щиб, щулаго чIезе.
Бихьаралъе шукру, щванщиналъе рецц,
Ширван гIала гIелин, гIодове вусса.

ГIанбарул тIогьоде тIинчIаб найилги —
ТIокIаб анищ бугищ абизе дида?
Збелалъ ясан тун, росулъ гIей гуреб,
ГIолилазе кьураб кьерги дир гьечIо.

Кьурабалъе хIинчIлъун чIезе айилан
Инсан кIалъаниги, букIина битIун.
СайхIун-ЖайхIуналъул лъелъе ччугIаги —
Чин диргун бащадай щвеларо дуй яс.

…Дагъистан урхъараб хъахIаб надалда,
Хъвалаго гIакълу ун гIодов речIчIана;

ГIарабустаналда таватур бугеб
Гарбида къвал байдал дунял кIочана.

Эй кIалъалеб мехалъ мокърокьгин къеда,
Къалъулъ бакъул гIадин, паркъи букIана,
КIиябго кIветIалъан, жавгьарулъ гIадин,
Жийго йихьулаан, нур хьвадулаан.

Гьелъул рагIабазул гьуинлъи лъайдал,


<< 1 ... 3 4 5 6 7
На страницу:
7 из 7